Администрация МО СП "Село Мочох" 

МочIохъ росдал хIакъалъулъ биценал

1. Росу бижи ва гьеб г1ун бач1ин

Умумузул  биценазда рекъон Моч1охъ росдал ц1ар бач1ун буго « Моч1ч1ухъ» абураб раг1иялдасан.Гьеб раг1ул т1убараб маг1на кьун буго  Гумбет районалъул Гьарадерихъ росулъа филологиял г1елмабазул кандидат Мах1амадов Мах1амадица.

Гьениб т1оцебе росу ккун буго Г1ахьалч1иса вач1арав К1удияв Г1умардибирас, гьесда цадахъ гьенире рач1ун руго ункъго васги, гьел ккола:
  1. Г1алигъалбац1. 2. Мух1ума. 3. Мах1муд. 4. Сайбулагь ва ч1ужу Шамай. Гьеб хъизаиалъ т1оцебе кьуч1 лъун буго гьанже Моч1охъ росдае. Гьезул решт1ен гьениб лъугьараб мехалъ Г1ахьалч1иса гочун руго гьезул г1агарлъиялъул цойгидал хъизамалги, дагь-дагьккун к1одолъизе лъугьун буго росу. К1удияв Г1умардибирас гьеб росдае бегавуллъи гьабун буго к1икъого соналъ. Гьев живго г1араб г1елму кодосев чи вук1иналъ, гьес росулъ, росдал г1адамазул кумекалдалъун бан буго, гьабсаг1атги ч1аго гьабураб мажгит.

Гьаниб бицен гьабич1ого г1оларо Г1умардибир Моч1охъе гочиналъе г1иллаялъул. Гьеб бук1ун буго гьезул тухумалъ т1ад квер лъураб ракь, гьединго Моч1охъ г1адаб гьава-бакъ рекъараб бак1 батизеги зах1мат буго, гьаниб жаниб т1абиг1аталда бук1унеб кинабго буго: боц1уе кваназе г1алахги, бекьизе гьарзаяб ракьги, гьекъезе т1аг1ам лъик1ал иццалги, ц1акъго х1ажат ккани, цебе балалъги ва нахъа балалъги рохьалги.Аби буго Моч1охъ батараб: гьавураб къоялдаса жиндир г1умроялда жанив, жив хвезег1ан сундениги х1ажалъун Моч1охъа чи къват1иве ине ккеч1евилан. Цебе гьелда абулеб бук1ун буго гьит1инаб «Щали»-ян.

Щали чачаназул росдал ц1ар. Гьеб абиялъе г1иллаги бук1ун буго гьениб гьарзаяб бач1ин кьолеб ракь бук1иналъ. Моч1охъе сверухъ ругел росабалъа г1адамал г1емер рач1унел рук1ун руго т1ощел ва кванил цойгидал ниг1матал росизе. Х1исаб гьабураб мехалъ Моч1охъ росу бугеб бак1 гьениб г1умро гьабулезе чорхое щулияб сахлъиги ва г1умроялъул халатал сонал раялъеги кьураб т1абиг1аталъул гьайбатаб бак1 бугилан, гьенире г1емер рач1унел рук1ун руго бат1и-бат1иял махщалил г1адамал, гьез жигар бахъулеб бук1ун буго гьенибго г1умро гьабун ч1езе. Гьелъие цойги г1иллаги бук1ун буго, мач1хъал гьалбал хириял, гьединго т1аде рач1арал лъик1 къабул гьарулел г1адамал рук1ин. Мач1хъадерил ролъул чадил т1аг1амги лъараб, бог1ол ч1аг1дал къвак1иги бихьараб мехалъ, гьалбадерица гьениб заман бахъулеб бук1ун буго. Абула Моч1охъ росулъ 12 бат1ияб бак1алдасан рач1арал г1адамаз г1умро гьабулеб бугилан. Къват1иса рач1ун ч1арал ругониги, гьез вацлъиялда т1обит1улеб буго талих1аб г1умро.

2. Г1елму ва дин-ислам бакки

Моч1охъ росу к1одолъун, г1уц1ун хадубги колхозал гьарилалде цебе, Г1ахьалч1иса рач1аразе гурони, ихтияр кьолеб бук1ун гьеч1о маг1арде боц1и бит1изе. Гьедин заман анаг1ан Моч1охъ байбихьун буго г1араб г1елмуялъул машгьурал г1адамал рахъине. Гьале г1алимчи К1удияв Х1асан, лъабго соналъ халваталда жанив ч1ун вуго г1елму щулалъиялъе. Абулеб бук1ун буго гьесулъ кашпулъи бугиланги. Г1алимзабазе г1елмуялъе кьуч1 лъезе Моч1охъе вач1ун вуго Шайих  Ах1мадил Бадай. Гьесие бараб шайихасул рукъов вукъун вуго гьев, гьесде зиярат гьабула Мач1хъадерица ва къват1иса рач1арал зияратчаг1аца. К1удияв г1алим вук1ана Сайгидулбат1ал. Гьесул ц1ар т1оцересел г1алимзабазда гьоркьоб буго Дагъистаналъул музеялда. Музеялда гуребги, «Дагъистаналъул ц1ар раг1арал сонал» абураб т1ехьалдаги т1оцересел г1алимзабиян хъван руго Г1ободаса Х1айдарил Мах1амадилги Сайгидулбат1алилги ц1арал. Хадувго г1ун вач1ана Моч1охъа Къадил Мух1ума, гьев г1емерал соназ х1алт1ана Ц1адаса Х1амзатгун цадахъ Хунзахъ шарг1ияб судалъул секретарьлъун. Хадувго г1алимчи вахъана живго жиндаго ч1ч1ун г1араб г1елму лъазабурав, жинда Къуръаналъул, жузазул маг1на лъалев вук1арав Исбагьиев Гъайирбег. Гьединго рук1ана г1алимзаби Сиражудин-Х1ажи, Х1асанил Ах1мад, Мах1амадов Х1асанх1осен (к1удияв).

Моч1охъе дин щула гьабизе вач1арав ва Моч1охъ дибирлъи гьабулев вук1арав Хьиндахъа Бугъадибирасул хоб буго шайих вукъараб хабалалъ г1алимзабазда гьоркьоб. Т1оцебе г1араб г1елму ва Къуръан ц1ализе малъизе мадраса рагьун буго росдал мажгиталда жаниб, гьенир ц1ализарулел рук1ун руго киналго росдал лъимал, гьелъ рес кьун буго т1аде г1олеб г1ел г1елмуялда гъорлъе лъугьине ва дин-ислам щула гьабизе. Гьезда гъорлъаги рахъун руго шарг1ияб г1елмуялда г1адамал куцаялъе г1алимзаби. Гьаниб г1елмуялъул бицунаго бихьизабизе ккола цебе г1елму кодосел г1алимзаби киг1ан  диналъеги шарг1алъеги рит1ухъалги рац1адалги рук1аралали. Гьеб бук1ине кrола XIX  Гъумекив вук1ун вуго ц1акъ бечедав хан. Гьес гьенире ах1ун руго доб мехалъ Дагъистаналда рук1аралщинал г1алимзаби мавлидалде, г1емераб боц1иги хъвехъун. Гьениве ах1ун вук1ун вуго К1удияв Г1умардибирги. Мавлид лъуг1ун хадуб киналго мавлидалде ах1аразда гьикъун буго ханас, гьаб бечелъи, гьаб ракь, гьаб боц1и-панз дие х1алалаб бугищилан. Гьениб ханасе к1удияб рец-бакъги гьабун, гьеб кинабго х1алалаб бук1ин загьир гьабун буго мавлидалде ах1араз. Амма Г1умардибир вуц1ун ч1ун вуго к1алъач1ого. Мавлидалде ах1арал нухда рег1ун хадуб, гьенивги ч1езабун ханас Г1умардибирасда гьикъун буго: дие рец-бакъ гьабич1ого мун щай вуц1ц1ун ч1аравилан.Г1умардибирас гьесда абун буго: «Гьаб боц1и, ракь, бечелъи дурр х1арамаб бугилан». Гьеб мехалъ ханас Г1умардибирасда абун буго, мун гурого мавлидалда рук1аразул цониги чи вахъинч1илан гьедин абулев. Амма гьаб кинабго х1арамаб бук1ин дидаги лъалилан. Нуха рег1улаго ханас Г1умардибирасе чуги меседил хулжал кьун руго. Гьедин Гъумекиса вач1унаго щун вуго г1ехьелдерил иццухъе. Гьениб, чодаса гъоркьеги рещт1ун, г1одов ч1ун вуго т1аде чи вач1инег1ан. Вач1ун вуго цо вас. Гьев вас аск1овеги ах1ун вит1ун вуго росдал дибир ах1изе. Вач1ун вуго дибир гьесда аск1ове иццухъе, бицун буго ккаралъул ва дибирасухъе кьун руго месед жаниб бугеб хулжалги чуги. Г1умардибирас дибирасда абун буго: «Дуца гьаб месед бикье росулъ ругел мискинзабазе, бесдалазе, гьалде ккаразе, дица гьаб рокъобе босани, гьалда т1аса ч1ужуялъ месед босич1ого толаро, гьеб буго дие х1акъ»-ян. К1удияв Г1умардибирасул г1елмуялъулги вац1ц1алъиялъулги хъвараб т1ехь «Магъази» бук1ун буго Кьохъа Султ1анах1мад Х1ажиясухъ. Гьев мунагьал чураяв ва баракат нилъее щваяв хвана, гьеб т1ехьалде хал гьабизеги щвеч1о.

Т1оцебе росу ккуразул Г1ахьалч1иб г1агарлъи г1емераб буго, амма заман г1емер ун бугелъул батила, гьенире къварилъи ккараб мехалъ унел дагьлъун руго, амма Моч1охъе роххалиеги, пашманлъиялъеги рач1инч1ого ч1оларо Т1аса Г1ахьалч1иса Моч1охъ школалъул директорлъун вук1арав Мух1амадов Абакар ва гьесул г1агарлъиялъул кьалбал Моч1охъ жеги щулаго руго.

Цебе бет1ергьанал ракьазда г1адамаз кулал гьарун бет1ербахъи гьабулаан. Гьедин кулал гьарураб «Бугъади»-ян абулеб бак1алда бук1ана анц1ила ич1гог1анасеб кули.гьелъ бицунеб буго нек1о г1адамаз г1умро гьабулеб бук1араблъи жидее г1умро гьабизе  бигьаяб, жалго бет1ергьанаб ракьалда.

3. Ват1анияб рагъул соназда

Ват1анияб рагъул соназдаги мач1хъал нахъе к1анц1ун ч1еч1о. ват1аналде къо ккедал рагъда г1ахьаллъана 52 г1олохъанчи. Ккана цо-цо рокъоса к1и-к1и, лъаб-лъабал аралги.гьале цо хъизамалдаса Ват1ан ц1унизе, херай эбел Залмуги рокъой тун, анна гьелъул вассал: Х1усейн, Асх1абг1али ва Аскарг1али. Гьединго Булулк1одол-Г1изатула, Мух1амад, гьединал г1емер рук1ана.Ах1мадил лъабго вас: Х1усенх1ажияв, Мух1ума, Халилбег. Ккана гьезул цонигиял нахъ руссинч1елги. Цо рокъоса цо чи армиялде инч1еб рукъ росулъ бук1инч1о. Гьит1инабго Моч1охъ росулъе 52язда гьоркьоса т1ад руссинч1о 23-гоял. Абизе бегьула г1олохъаби армиялде аралдаса росдал к1удияб ч1аголъиго лъугьинч1илан. Нижер росулъ хварав чиясе хоб бухъизеги гьев вукъизеги хут1ун рук1ана зах1маталъул армиялдаса нахъ руссун рач1арал К1удияв Х1асах1осейн ва Г1исал Мажид, гьединго Саг1идов Мут1алиб. Росдал руччабаз ц1ик1к1араб г1ахьаллъи гьабуна зах1маталъул армиялда. Гьез кьахъадерил сверабазда, нилъер районалъул Макьасда, рагъ т1аде щвани, армиялда ругел жанире лъугьине рухъана окопал, рагъда ругел г1олохъабазе рит1улаан кванил ниг1матал, хьухьарал щватаби, кверт1ахелал ва гь.ц. колхозалъул хур-хералъул х1алт1и кинабго руччабазул гъуждузде бегун бук1ана.

Граждан рагъул заманалдаги цо нухалъ биххун ва бух1ун бук1ун буго нижер росу. Цо чанго моц1ги бан, росулъе нахъ руссун руго г1адамал ва ц1идасан разе ккун руго рукъзал ва гьабизе ккун буго ц1идасан маг1ишат.

4. Гочариялъул г1азабал

Гьале бит1ун рагъул гьаракь г1инда гъоркь бугеб заманалда Грозныялде, Хасавюрталде бомбаби рехулеб, нижер гордабазул ц1ералъул зваргъи бахъунеб, ракьул чохьонисан дунял багъаризабулеб г1адаб гьаракь бугеб  1944 соналъул март моц1алъ бач1ана росдаде цойги къварилъи-нижер росу гочинабизе х1укмо гьабун буго Чачаналде. Чачаналде ниж гочинаризе сверухъ ругел росабалъа рач1ана гочунезул къайи т1ад лъезе оцазул гьакал ва гьел рачун ниж Темирхан Шураре ( гьанже Буйнакскиялде) щвезаризе гьаказул бет1ергьаби. Цо чанго къоги нуха бан, ниж щвана Шураре. Ва гьениб бицана жеги росдал г1адамазда бихьич1еб, поезд абулеб жо бач1ине бугилан.

Гьелда г1ажаиблъи гьабун рук1ана, жеги гьеб бихьич1ел, нижго г1адин, гьеб бач1инег1ан сардал-лъоял рарал цойгидал муг1рузул районаздаса гочинарурал маг1арулалги. Заман бахъилалдего бач1ана гьеб поезд ва гач, т1урччи, гьец1о, ц1ул, ай къайи баччулел вагоназда жаниреги рахинарун вагоназда т1аде къана нуц1би ва гьелги рахан, вагоналъул к1иябго гьит1инаб гордухъеги балагьун, г1одулел руччабигун ва г1исинал дунго г1адал лъималгун поездалъ жеги нижеда раг1ич1еб гьаракьгун, вагонал цоцалъ тенкезаруна ва багъарана. Гьедин ниж щвана Хасавюрталде. Гьенисаги гьагъалго гьаказда Х1ашки-махки абулеб чачаназул росулъе рачана. Гьениб бана 12 сон. Гьава-бакъ данде ккеч1ого, гьенир рукъана г1исинал-ч1ах1иял-132 чи. Гьел хведал хъварал руго гьал коч1ол мухъалги:
Чачаналда рарал дагьалго соназ
Чорхолъ унти ккеч1ев чиго хут1ич1о
Х1ашки-махкиялде ниж щвараб мехалъ
Х1ал хисун лъугьана росдал хараби.
Херлъизе заман щун г1одор ккелалде
Хвалил кьоял лъуна бакъул унтиялъ
Г1исинал-ч1ах1иял унтабаз к1век1ун
Нусидаса т1аде рукъана ракьулъ.

Чачаназул росуги жанир ч1олел минабиги ц1уну, гьелги ц1и гьарун, гьава-бакъалдеги, маг1ишат гьабизеги ругьунлъун рук1арал ниже 1957 соналъ нахъеги х1укмо гьабуна Ват1аналде, ай г1агараб росулъе т1ад руссун гочинаризе. Гьедин гочунаго, нижер росдал г1емерал г1адамал росулъе т1адги руссинч1о.

Росулъе т1ад руссараб мехалъ, росулъ хут1ун гьеч1оан риххарал къадал тун бат1ияб щибго.  Ниж чачаналде гочун хадуб нижер ракь 6-7 колхозалъе бикьун кьун бук1ун буго.

Г1иц1го г1еч1ендерил колхозалъ ц1унун бугоан Саг1идов Мут1алибил мина жидерго склад х1исабалда ва гьеб колхозалъул председательлъун вук1арав мунагьал чураяв Алданов Халилбегица складалда бук1араб т1ощел ва цойгидабги кумек х1исабалда ниже тана.   

Х1исаб гьабеха росулъе я машинадул нух гуреб,я гьец1о-ц1ул баччизе машина гуреб, биххараб, ч1унтараб бак1алда ц1идасан росу базе ккани, кинаб зах1малъидай росдал г1адамазда бук1арабали.

1936 абилеб соналъ маг1арухъ колхозал гьарулеб мехалъ, Моч1охъги данд бана боц1иги, ракьги, гьединго ракь х1алт1изарулел алаталги.

Г1аммаб маг1ишат цебе т1езабизе киналго гъункун, цолъун х1алт1ана мач1хъал.  Мач1хъадерил т1оцересел учительзаби: Садикъов Г1абдулбасир, Х1ажиев Мах1амад, Чупалаев Нурмах1амад ва Мажидов Мух1ума. Гьез кьуч1 лъураб болъодухъа эхеде рахунаго, Моч1охъ рагьана 7 класс, хадуб 8 класс ва гьанже гьоркьохъеб школа. Гьеб лъуг1ун аразул рахъана лъик1аб лъаялъул учительзаби, росдал маг1ишаталъул специалистал, тохтурзаби ва цойгидалги махщелчаг1и.

5. Моч1охъ х1ор-т1абиг1аталъул берцинлъи

1963 абилеб соналъ, 205 га ракьулги ччук1ун, лъаралда цебе гьебги ч1ун, лъугьана Моч1охъ х1ор. Гьелъул халалъи бащалъула 1600 метраялда, г1еблъи 700 метр. Х1ор лъугьун нахъисеб соналъ гьенибе Г1анди х1орихъа биччан бук1ана  форель чуг1а. Форель кутакалда рекъон ккана гьаниб, ункъго- щуго соналдасан  гьеб ц1акъго г1емерлъана ва цо-цо форелаъул ц1айи 4-5 килограммалдегицин бахунаан. 1975 абилеб соналъ ккун бук1ана форель жиндир ц1айи 8кг 300 граммги бугеб, гьелъул халалъиялда бук1ана 92 см, бищун г1ебаб бак1алдаса къали сверун борцараб мехалъ-51 см. Сонал анаг1ан, гьоркьо-гьоркьоб г1адамаз балъго ккуниги ( гьеб колхозалъ хъарвулги тун ц1унун бук1ана) кутакалда г1емерлъулеб бук1ана. Амма араб г1асруялъул 80 абилел соназул байбихьуда чуг1а лъеда т1адеги бан т1убанго хвезе лъугьана.

Гьелъие г1илла заманалдасан лъана. Х1оралда т1адехун рахъалда бук1ана колхозалъул ферма ва гьеб соналъ г1иял рехъен чурараб креолиналъул лъамалъи х1оринибе биччан буго, гьелъул х1асилада форельги т1убанго т1аг1ана. Гьелдаса хадуб 4-5 сон индал х1ориниб жаниб лъелъ херги баккун х1ор т1убанго хьуц1алде сверулеб бук1ана. Доб мехалъ колхозалъул председательлъун вук1арав мунагьал чураяв Мах1амадов Исламица Тарумовский районалъул Юрковка чуг1ил колхозалдасаги босун гьенибе биччана чуг1а: сазань, карп, толстолобик, хъах1аб амур, карась. Биччан лъабабилеб соналдего гьел чуг1буца лъелъ бижун бук1араб хер кванан х1ор бац1ад гьабуна. Биххана х1укумат, биххана колхоз, х1орил т1алаб гьабулев чиго вахъинч1о. 1992 соналдаса хадуб байбихьана жигаралда х1ориниса чуг1а кквезе. Анц1-анц1 километраялъул манзилалда сеткабиги лъун. Гьабич1о г1адамаз гьелдаги г1ей, байбихьана чуг1а кьвагьизе, амма бищунго аслияб тушман «Электроудочка» х1алт1изе байбихьана Моч1охъ х1орихъ 2000 абилеб соналдаса хадуб х1ухьбахъи гьабизеян рач1арал вах1шиял г1адамазул хъубал кверазул квербакъиялдалъун. Гьабсаг1аталда х1оралъул буго балагьидал рак1 унтулеб х1ал, киса-кибего сверухъ хъублъи, чуг1а дагьлъун бук1иналъул х1асилалда х1ор хьуц1алде сверулеб буго. Гьеч1о х1оралъул ургъел бугев инсан ва идара. Абула мач1хъадерил х1ор бугилан цо-цо чиновниказул чванта гьенц1езабулеб хазинаян. Ахирал 7-8 соналда жаниб гьаниб бат1и-бат1иял х1алт1аби гьаризеян миллионал г1арцул биччан бугилан. Кепкил багьаяб х1алт1и киданиги гьабич1о ва гьабизе батиларо. Бищунго пайдаяб х1алт1и бук1инаан гьанибе 15-20 азарго форелалъул г1исинаб чуг1а биччани. Щвеч1о гьелъие спонсорги. 2010 соналъ маялда Моч1охъ росдал т1абиг1ат ва рух1ч1аголъаби лъазабизе Москваялъул Северцевасул инстуталъул ва Мах1ачхъалаялъул биоресурсалъул институталъул экспедициягун цадахъ вач1арав германиялъул г1алимчи Питер Фрицшеца х1орил х1акъикъат бициндал гьарич1ониги жинцаго раг1и кьун бук1ана форель биччаялъе кумек х1исабалда 100 000 гъурущ кьезе гьебго соналъул августалъ вач1араб мехалъ. Гьелдаса хадуб Дагъистаналда лъазабуна х1алуцараб ах1вал-х1ал, Питер Фрицшееги изну кьеч1о жидерго х1укуматалъ Дагъистаналде ине. Бицен буго «Матласстрой»-ялда гьоркьобе бачун бугин х1орилан, лъаларо гьебги г1умроялде кинаб г1асруялда бахъинебали ва гьеб заманалде х1ориниб чуг1аги хут1иларо чвердезе бегьулеб х1алги бук1инаро лъелъ баккараб хералъ. Бук1ана раг1и кьун Мочохъ х1орилги ва дирги гьудул росдал маг1ишаталъул министрлъун вук1арав Г1амиров Сатмар Ах1мадовичас х1оринибе чуг1а биччаялъе квербакъи гьабилилан, амма гьеб раг1иги г1умроялде бахъинч1о. Гьабсаг1аталдаги росдал маг1ишаталъул министерствоялъул сайталда буго программа г1адамаз х1ухьбахъи гьарулел х1орахъе чуг1а бичаялъул ва гьелда сверухъ гьабулеб х1алт1и дагьаб буго. Гьадиг1ан т1абиг1ат берцинаб, маян Аллагьас кьураб, х1ухьбахъи гьабизе Дагъистаналдаса гурониги Россиялдасаги, къват1исел х1укуматаздасаги г1адамал рач1унеб берцинаб х1ориниб чуг1а, ай форель бичаялъе х1алт1аби гьарунгут1и мекъи буго.

Ахиралда жиндир мунагьал чураяв Моч1охъ школалда 45 соналъ х1алт1арав Меджидов Х1асанх1осенил гьаб х1ор лъугьиндал хъварал коч1ол мухъал рехсезе бокьун буго.
Дунго жанив г1ураб, г1умрудул гьулак
Г1ажаибго берцин бихьула Моч1охъ
Иццул лъим гьуинаб, гьава бац1ц1адаб
Сверухълъи бахилаб росу буго дир
Т1абиг1атги ургъун, Аллагьас кьураб
Форелал лъедолеб х1ор буго Моч1охъ
Сапаралъ рахъарал х1анч1азул т1елаз
Х1алхьи гьабич1ого толаро гьаниб
Нижер умумузул аби батана
Гьанир г1ехьелдерил кулал рук1анин
Анкьго ц1аракиялъ г1умро гьабулеб
Росдалго к1удиял рук1анин гьанир
Чадий ролъ гьуинаб, гьанги кьарияб
Бечелъи ц1ик1к1араб ракь буго Моч1охъ
Дир рек1ел анищал жанир т1егьараб
Т1огьол квац1и г1адаб, росу буго дир

Араб г1асруялъул 60-абилел соназул бакьулъ Г1анди х1орихъа бачун форель Моч1охъ х1орихъе бичалеб лах1зат.
Моч1охъ росу ва Моч1охъ х1ор.
Х1ухьбахъи гьабулел.
Баг1арараб къоялъ лъел лазат.